Dil · XalçaID 20902
Рагӏул гьоло гьабуге, гьалил мигъир гьабуге.
Dil · XalçaID 20903
Рагӏул гӏомо гьабуге, гӏабдалгун щагъадуге.
Dil · XalçaID 20904
Рагӏул гӏоммоялъул гӏарщал гьаруге.
Dil · XalçaID 20905
Рагӏул квешлъи — халалъи, ххамил квешлъи — гьечӏолъи.
Dil · XalçaID 20906
Рагӏул квешлъи — халалъи, харбил квешлъи — гӏемерлъи.
Dil · XalçaID 20907
Рагӏул тӏанчӏи риччаге, тӏулида ццин бихъуге.
Dil · XalçaID 20908
Рагӏуца рагӏи бахъула, бакъуца чӏетӏ бахъула.
Dil · XalçaID 20909
Радал вахъарасул кьегӏер цӏуяб.
Dil · XalçaID 20910
Радал къед биххун, къаденахъе хӏур бахъун.
Dil · XalçaID 20911
Радал яхъаралъул балъ тӏокӏаб.
Dil · XalçaID 20912
Радалго гьабураб хӏалтӏи лъйкӏаб, гьитӏинго ячарай чӏужу лъикӏай.
Dil · XalçaID 20913
Ражи — мискинчиясул данде жо.
Dil · XalçaID 20914
РажидулӀ анкьго дару бугеб.
Dil · XalçaID 20915
Ражихуялъул тӏиналда гьабуниги, бертин бетичӏого хутӏулареб.
Dil · XalçaID 20916
Рак гьечӏого, бокь бичуге, бекьичӏого хур бичуге.
Dil · XalçaID 20917
Ракъи-хьул, свак-кӏвахӏ.
Dil · XalçaID 20918
Ракьулъе рехханиги, месед холаро.
Dil · XalçaID 20919
Ракъдада чугӏа чӏоларо, чвантиниб гӏарац чӏоларо.
Dil · XalçaID 20920
Ракъичӏого кванаге, къасд букӏаго жибго те.
Dil · XalçaID 20921
Ракъун кванани, квен гьуинлъула, гьимун бицани рагӏи гьуинлъула.
Dil · XalçaID 20922
Ракь бижилалде рак бижараб.
Dil · XalçaID 20923
Ракьул бетӏергьан вуго бекьарав чи.
Dil · XalçaID 20924
Ракьул гӏанкӏ ракьул гьойца гурони кколареб.
Dil · XalçaID 20925
Ракӏ битӏизегӏан мацӏ битӏуларо.
Dil · XalçaID 20926
Ракӏ бухӏун гӏодани, беццаб бадисаги магӏу бачӏуна.
Dil · XalçaID 20927
Ракӏ гурхӏи гьечӏеб хӏал — хӏанчӏун кунеб гьан.
Dil · XalçaID 20928
Ракӏ гурхӏун аскӏобе бачараб бурутӏ ццин бахъун бачахъиялде ккола.
Dil · XalçaID 20929
Ракӏ щваралъубе хӏетӏ щола.
Dil · XalçaID 20930
Ракӏалда бугеб жо бицинчӏогойила нухъа чӏегӏерлъараб.
Dil · XalçaID 20931
Рачӏ халатаб гьойдасаги цӏуне, гьод халатаб чодасаги цӏуне.
Dil · XalçaID 20932
Рекӏедаса рекӏеде — кьо.
Dil · XalçaID 20933
Ралъдадаги гел лъе (исрап гьабуге).
Dil · XalçaID 20934
Ралъдаеги щуб къваригӏунеб, щубаеги бакъ къваригӏунеб.
Dil · XalçaID 20935
Ралъдалъе чӏимих бортаниш, ана нилъедаса.
Dil · XalçaID 20936
Ралъдалъе лъинги тӏоге, рохьобе тӏилги босуге.
Dil · XalçaID 20937
Рас хӏеренаб бихьунила хӏанчӏаз руз бетӏулеб.
Dil · XalçaID 20938
Ратӏа тӏамиледухъ вачӏунге, бох тӏамиледухъ вачӏа.
Dil · XalçaID 20939
Ратӏалги щоларо, щигат диеги гӏоларо.
Dil · XalçaID 20940
Ратӏлица — чи, чоца — багьадур.
Dil · XalçaID 20941
Рахараб гъансиеги буцӏцӏараб кӏалалъеги рахӏат букӏуна.
Dil · XalçaID 20942
Рахь баккулареб гӏакдае чури кьоге.
Dil · XalçaID 20943
Рахь гьечӏеб гӏакдаца гӏартилъ мал бала.
Dil · XalçaID 20944
Рахь хахулелъул бече хӏалакъаб.
Dil · XalçaID 20945
Рахьдал тӏанкӏ гьечӏони, бече лӀугьунареб.
Dil · XalçaID 20946
Рахьдалъ рас хекко бихьула.
Dil · XalçaID 20947
Рахӏатгун хӏалихьалъи, захӏматгун бахӏарчилъи.
Dil · XalçaID 20948
Раччи бачче черхалда рекъараб.
Dil · XalçaID 20949
Рачӏ бухьун, хӏама чӏоларо.
Dil · XalçaID 20950
Рачӏ къотӏун борохь къелъе биччаге.
Dil · XalçaID 20951
Рачӏ кӏудияб лӀугьинебилан дегӏен хьихьун букӏарабила, лълъурдул кӏудиял лӀугьун, чехь бихъизе ккарабила.
Dil · XalçaID 20952
Регьел гӏуралъубе щуб гӏолеб.
Dil · XalçaID 20953
«Регӏуларо, щоларо» гӏиллалъун рикӏкӏунаро:
Dil · XalçaID 20954
Рекьи басандичӏони, хӏалтӏул хӏур бахъунаро.
Dil · XalçaID 20955
Рекъав чиясул рагӏад рекъаб букӏуна.
Dil · XalçaID 20956
Рекъараб рехъалъ хъумур речӏчӏуларо.
Dil · XalçaID 20957
Релълъаралда рекъарабила рохьдолъ хӏайван данделъулеб.
Dil · XalçaID 20958
Рекъечӏеб бицарасда бокьулареб рагӏула.
Dil · XalçaID 20959
Рекъон хӏалтӏарабгӏан колхоз бечедаб.
Dil · XalçaID 20960
Рекъон кванай, къец бан хӏалтӏе.