Dil · XalçaID 21202
Хуриб тӏепаб, тӏохда ганжаб гамачӏ тоге.
Dil · XalçaID 21203
Хурибе ккараб хӏамица кӏал кӏудияб цӏола.
Dil · XalçaID 21204
Хурибе хьон, хьагинибе хинкӏ.
Dil · XalçaID 21205
Хуриш бокьилеб, хурлъун дуниш?
Dil · XalçaID 21206
Хурул хьон боцӏцӏийила, боцӏцӏул хьон рагӏийила.
Dil · XalçaID 21207
Хурулги рукъзабазулги бутӏа бакьулӀа босе.
Dil · XalçaID 21208
Хурулги хьолболги цӏину лъикӏаб.
Dil · XalçaID 21209
Хух кодобе босани, куй гӏодобе биччазе ккола.
Dil · XalçaID 21210
Ххунги ччунги ярамас.
Dil · XalçaID 21211
Хъабчида рекъараб рукъи камиларо.
Dil · XalçaID 21212
Хъазихъего къвакъвадун, къадкил кӏал бихъарабила.
Dil · XalçaID 21213
Хъархъилъ гӏанкӏ букӏаго цӏеда гереги лъоге.
Dil · XalçaID 21214
Хъат цӏун цӏан чӏикӏарас гел цӏун лъин гьекъезе ккола.
Dil · XalçaID 21215
Хъахӏаб гӏарац чӏегӏераб къоялъе къваригӏуна.
Dil · XalçaID 21216
Хъахӏаб чол чӏоло заманалда къай.
Dil · XalçaID 21217
Хъахӏаб чоцаги, къоролалъул васасги рагъда къо хӏехьоларо.
Dil · XalçaID 21218
Хъахӏал кверазе хӏалтӏи бокьуларо.
Dil · XalçaID 21219
Хъахӏал кверазе чияр захӏмат бокьула.
Dil · XalçaID 21220
Хъвезе кьарияб бокьулеб, квине хӏалакъаб бокьулеб.
Dil · XalçaID 21221
Хъизаналъул гӏайибал гӏадамазе гьурщуге.
Dil · XalçaID 21222
Хъизаналъул рокьи—рукъалъул хазина.
Dil · XalçaID 21223
Хъирис бараб чу хъирис бараб чода лӀулӀалеб.
Dil · XalçaID 21224
Хъирмида месед гӏадин.
Dil · XalçaID 21225
Хъукь бекьараб бугӏаялдаса цудун бекьараб богӏол накку лъик!
Dil · XalçaID 21226
Хъукьаб бугӏаялдаса цудунаб сусур лъикӏаб.
Dil · XalçaID 21227
Хӏалихьатил хӏетӏе нахъе кколеб, квер цебе кколеб.
Dil · XalçaID 21228
Хӏалтӏарасда лъала хинкӏазул тӏагӏам.
Dil · XalçaID 21229
Хӏалтӏи бокьулев лӀугьине лъабго сон къваригӏунеб, кӏухӏал лӀугьине лъабго къо гӏолеб.
Dil · XalçaID 21230
Хӏалтӏи буго рухӏ гьечӏеб жо.
Dil · XalçaID 21231
Хӏалтӏи гьечӏесе къо халатаб.
Dil · XalçaID 21232
Хӏалтӏи гьечӏесул чед гьечӏеб.
Dil · XalçaID 21233
Хӏалтӏи гьечӏо, лъикӏлъи гьечӏо.
Dil · XalçaID 21234
Хӏалтӏи къола, гӏадамал бергьуна.
Dil · XalçaID 21235
Хӏалтӏи тӏагӏун чи холаро.1
Dil · XalçaID 21236
Хӏалтӏи рихарасул гӏусал-цаби чӏола.(Кверал хӏалтӏичӏони, цаби хӏалтӏуларо.)
Dil · XalçaID 21237
Хӏалтӏуда рекъараб букӏуна мухь.
Dil · XalçaID 21238
Хӏалтӏуе квалквад — квание гъалбацӏ.
Dil · XalçaID 21239
Хӏалтӏул квешлъи — гьабунгутӏи, гьудуласул квешлъи — хӏалккунгутӏи.
Dil · XalçaID 21240
Хӏалтӏул лъикӏлъи лъугӏидал лъала.
Dil · XalçaID 21241
Хӏалтӏул свак хӏалтӏун гурони бахъуларо.
Dil · XalçaID 21242
Хӏамида аскӏобе гӏари бачӏунарр, гӏорода аскӏобе хӏама гурони.
Dil · XalçaID 21243
Хӏиллаялъ балагьуге, хӏалтӏун балагье.
Dil · XalçaID 21244
Хӏуличӏого бана гӏака магӏида.
Dil · XalçaID 21245
Цараца бацӏида гьикъарабила, гьадигӏан цӏакъ дур габур щиб гьабун биццалъарабилан. Бацӏица жаваб кьурабила, дирго къваригӏелалъ дунго ун биццалъанилан.
Dil · XalçaID 21246
Цебе цӏа бакани, нахъа рахъу ккола.
Dil · XalçaID 21247
Цебетӏамалъе тӏил бигъараб.
Dil · XalçaID 21248
Цин гьабизе кӏухӏаллъани, кӏицӏул гьабизе ккола.
Dil · XalçaID 21249
Цин хӏалтӏизе, цин кваназе кӏицӏул дунялалде риччаларо.
Dil · XalçaID 21250
Цо къоялъ цебе бекьараб жо анкьица цебе бижула.
Dil · XalçaID 21251
Цӏад хӏаллъани, рокъове, бакъ хӏаллъани, гьорове.
Dil · XalçaID 21252
Цӏадал къоялъе бакъул къо камулареб, лабалда хуралъе цӏадал къо камулареб.
Dil · XalçaID 21253
Цӏел хӏалтӏи цӏеца гурони гьабулареб.
Dil · XalçaID 21254
Чарухъида хӏур бахинчӏони, хӏарчида нах бахунаро.
Dil · XalçaID 21255
Черхалда гӏакъуба бихьичӏони, чехьалда рахӏат бихьуларо.
Dil · XalçaID 21256
Чияр кумекалде хьул лъоге, хӏалтӏун балагье.
Dil · XalçaID 21257
Чорхое рахӏат гьабурав, нахъа разилъуларо.
Dil · XalçaID 21258
Чулла гӏуруда уна.
Dil · XalçaID 21259
Чӏала мегӏер гӏанаб цӏа ургьибе ккечӏони, Чӏохъ бетӏер бахъуларо.
Dil · XalçaID 21260
Чӏчӏанагӏан кӏанцӏизе кколебилан абурабила гӏанкӏица.