Dil · XalçaID 20242
Вакъарасда лъорове вугьарав лӀугьаравила.
Dil · XalçaID 20243
Вакъиларилан къаде квенги тоге, роцӏцӏун бугилан буртинаги тоге.
Dil · XalçaID 20244
Вакъичӏого кванаге, кеп щвечӏого велъуге.
Dil · XalçaID 20245
Вакъиялъе дару — кванай, налъиялъе дару — бецӏи.
Dil · XalçaID 20246
Вакъун вугиш? — Гьечӏо. Магӏарал бахӏарчиясул жавабал. Къечон вугиш? — Гьечӏо. Квачан вугиш? — Гьечӏо.
Dil · XalçaID 20247
Валагьарасе бигьаяб жо буго гӏодоб расанди.
Dil · XalçaID 20248
Валагьичӏого векерарасул квергӏаги гӏодоб чӏвала.
Dil · XalçaID 20249
Вас вугев эбелалъул гӏеретӏ борхуге.
Dil · XalçaID 20250
Вас гогьдаризавуни, чухъа халат лӀугьуна, яс гогьдаризаюни, мерго тӏалаялда тумакӏ речӏчӏула.
Dil · XalçaID 20251
Вас квешав вугониги, нус лъикӏай щваги.
Dil · XalçaID 20252
Вас хварай эбелалъул гӏадаб магӏу букӏунареб.
Dil · XalçaID 20253
Васаз кочӏолъ ахӏулареб, ясаз магӏилъ бахъулареб.
Dil · XalçaID 20254
Васал чанадулеб чиярги гӏадат, Эбел чанадиялъ чара хун буго.
Dil · XalçaID 20255
Васасе ригьин гьабиги, ясалъул рагӏи бицинги рагӏулъе нуцӏа рагьи буго.
Dil · XalçaID 20256
Васасул лъималаз нилӀеран абурабила, ясалъул лъималаз нижеран абурабила.
Dil · XalçaID 20257
Васниги ясниги гурони чӏужуялъ басриял хьалбал гьаруларо.
Dil · XalçaID 20258
Вахъине лъаларев гӏодов чӏезавуге. Вахӏалда хӏатӏал рукӏунаро, гьарчида берал рукӏунаро.
Dil · XalçaID 20259
Вахъун чӏун хӏалтӏарав вегун кваналев.
Dil · XalçaID 20260
Вацан кьабуниги, къотӏула, тушманан кьабуниги, къогӏула.
Dil · XalçaID 20261
Вацго вац вугониги къолол бетӏер гьабе.
Dil · XalçaID 20262
Вацӏцӏадав вахъинчӏони, хъубав тӏатунаро.
Dil · XalçaID 20263
Вачӏаги лъала дида вачӏ-вачӏги лъала.
Dil · XalçaID 20264
Вачӏинеги лъай, инеги лъай.
Dil · XalçaID 20265
Вачӏуневги гӏадат, вахъуневги гӏадат.
Dil · XalçaID 20266
Вегизеги лъай, вахъинеги лъай.
Dil · XalçaID 20267
Велъанагӏан гӏодизе ккола.
Dil · XalçaID 20268
Вере, гъапу рагьуге, гъванкан чияца къалеб.
Dil · XalçaID 20269
Вере, тӏокӏлъуге! Тӏоклъани, камула.
Dil · XalçaID 20270
Вереялъ гьорчо кколаро.
Dil · XalçaID 20271
Вехь вокьарасе гьойги бокьулеб.
Dil · XalçaID 20272
Вехь гӏияда нахъа лъикӏав, гӏел руккалилъ лъикӏав.
Dil · XalçaID 20273
Веццуге, какизе ккезе гурин, какуге, веццизе ккезе гурин.
Dil · XalçaID 20274
Векьарухъан къуни, кьал къолеб.
Dil · XalçaID 20275
Витӏунчиясда нич гьечӏеб, гьарчида бер гьечӏеб.
Dil · XalçaID 20276
Вихьизе гохӏдеги вахун, вахчизе кӏкӏал балагьуге.
Dil · XalçaID 20277
Виччун чи холаро.
Dil · XalçaID 20278
Вокьуларев чияс гьабураб жо кинабго квешаб.
Dil · XalçaID 20279
Вокьуларев чиясда аскӏоялдаса ракьул гвандинир лъикӏаб.
Dil · XalçaID 20280
Вуссине свери тӏагӏунгеги, сверизе ватӏан тӏагӏунгеги.
Dil · XalçaID 20281
Гагу хунилан хур бекьичӏого толаро.
Dil · XalçaID 20282
Галица буххун ралъад тӏагӏинаро.
Dil · XalçaID 20283
Гама лъикӏаб букӏиналъ ракъдада хьвадуларо.
Dil · XalçaID 20284
Гамачӏ речӏчӏаниги, хоно, хоно речӏчӏаниги, хоно.
Dil · XalçaID 20285
Гамач гебегунилан мугӏрул багьа хвеларо.
Dil · XalçaID 20286
Гамачӏ гъогъол гохӏда лъикӏ.
Dil · XalçaID 20287
Гамидаги вукӏун, гамихъангун вагъуге.
Dil · XalçaID 20288
Гамихъан кьал гьавуге, кьурулӀан на бахъуге.
Dil · XalçaID 20289
Ганщида данде бани, бече тӏомода лъола.
Dil · XalçaID 20290
Гаргадизе лъачӏони, гаргадичӏого вукӏинегӏаги лъазе ккола.
Dil · XalçaID 20291
Гаячӏилъ речӏчӏаниги руз холеб, гамачӏ речӏчӏаниги руз холеб.
Dil · XalçaID 20292
Гважуда кӏалдибе тӏил бегьуге.
Dil · XalçaID 20293
Гважуца рачӏчӏ хьвагӏичӏони, гьой хадуб бачӏунаро.
Dil · XalçaID 20294
Гванзаб хӏал, хӏораб рахь.
Dil · XalçaID 20295
Гурга кварал, чед кварал чиядаго рагӏичӏо, Цо квараб дир макари годекӏаниб лъун буго.
Dil · XalçaID 20296
Генул гьотӏодаса гӏечӏ чӏваге.
Dil · XalçaID 20297
Гирулеб гьецӏоялда хӏет бижуларо.
Dil · XalçaID 20298
Годекӏан цӏакъаб жо, хӏикматал щвани, Хӏалихьатал чагӏалъ гӏодов чӏечӏони.
Dil · XalçaID 20299
Годекӏаниб лъикӏаб жо — миккихӏехь.
Dil · XalçaID 20300
Гозо сверичӏеб жоялъ чан гьабуларо.