Dil · XalçaID 20112
Бегун кьаралъиларо, кьижун бечелъиларо.
Dil · XalçaID 20113
Бегун хвараб гъалбацӏалдаса бахъун хвараб гьой лъикӏ.
Dil · XalçaID 20114
Бекани бох я халалъулеб, я къокълъулеб.
Dil · XalçaID 20115
Беканиги кьоларев чиясулгун хоно чӏваге.
Dil · XalçaID 20116
Бекьарасе бекьараб ракьалдасан буссуна.
Dil · XalçaID 20117
Бекьичӏес хур бецуларо.
Dil · XalçaID 20118
Бекӏкӏулеб гьецӏохъги валагьуге, бичӏулеб цӏулахъги валагьуге.
Dil · XalçaID 20119
Бер гӏункӏрукъалъ бацӏцӏе.
Dil · XalçaID 20120
Бер хъантӏуге, боцӏудаса чӏухӏуге.
Dil · XalçaID 20121
Беразда гуреб канлъи бихьулеб, рекӏедайин.
Dil · XalçaID 20122
Беразда квер лъураб мехалда гьабиялдаса, михъазда квер лъураб мехалъ гьаби лъикӏаб.
Dil · XalçaID 20123
Беразе макьу хирияб, рокьуе свади хирияб.
Dil · XalçaID 20124
Бералда бихьараб битӏараб, гӏиналда рагӏараб гьереси.
Dil · XalçaID 20125
Бералда бихьараб гӏадаб даран букӏунаро.
Dil · XalçaID 20126
Бергьараб хьечӏого къуралъе лъин щоларо.
Dil · XalçaID 20127
Бергьарасул ярагъ магӏида букӏаго, къурасул ярагь чвархъулеб.
Dil · XalçaID 20128
Бергьунгеги, къогеги, къацандулел чӏогеги.
Dil · XalçaID 20129
Берцинаб кӏалзуе кӏиго бутӏа бараб.
Dil · XalçaID 20130
Берцинаб бихънялдаса сурукъаб букъи лъикӏаб.
Dil · XalçaID 20131
Берцинаб рагӏуца борхатаб мегӏер кьухъур гьабула.
Dil · XalçaID 20132
Берцинаб рагӏуца маххул каву рагьула.
Dil · XalçaID 20133
Берцинавги сурула, санагӏалъи гьечӏони, Сураралги рокьула, рокьул дангъва бугони.
Dil · XalçaID 20134
Бетӏер бекилалде къай.
Dil · XalçaID 20135
Бетӏер бичун, чед босуге.
Dil · XalçaID 20136
Бетӏер бокьаии, гьа, хӏатӏал!
Dil · XalçaID 20137
Бетӏер бугони тӏагъур камуларо, тӏажу бугони рухьен камуларо.
Dil · XalçaID 20138
Бетӏер квачан хьихье, чехь бакъун хьихье.
Dil · XalçaID 20139
Бетӏер радал батулеб бакӏалда лъе.
Dil · XalçaID 20140
Бетӏералда лъезе тажалдаса гъоркь лъезе бакӏ лъикӏаб.
Dil · XalçaID 20141
Бетӏералдасан тӏокӏкӏинчӏеб лъин, ахадасан тӏокӏкӏунаро.
Dil · XalçaID 20142
Бетӏергьанчиясул чехь унтичӏони, чияр мугъ унтуларо.
Dil · XalçaID 20143
Бетӏергьанчи хвадилан гӏакдае чуриги кьун, чӏаго хутӏадилан оцое накку баге.
Dil · XalçaID 20144
Беццав чияс нух малъун, нухда витӏун ккеларо.
Dil · XalçaID 20145
Бечедасул рокъоб къойил бертин.
Dil · XalçaID 20146
Бечелъи хола, махщел холаро.
Dil · XalçaID 20147
Бидаяб чу гӏадин вукӏа, чалияб куй гӏадин вукӏа.
Dil · XalçaID 20148
Бидул чӏорто — чӏегӏераб жо.
Dil · XalçaID 20149
Бидуласул гьой кьарияб, гьардухъанасул къвачӏа кӏудияб.
Dil · XalçaID 20150
Бикъарав вакъула, вагъарав къола.
Dil · XalçaID 20151
Бикъила — вакъила.
Dil · XalçaID 20152
Бикъула — вакъула, вакъула — бикъула.
Dil · XalçaID 20153
Бикъуге — хӏинкъуге, гьереси бицунге — нечоге.
Dil · XalçaID 20154
Билараб жо хӏатӏаца балагьуге, ботӏроца балагье. Гьереси бицунге, дуе хайирабгӏаги.
Dil · XalçaID 20155
Бихьа-бихьараб бицине гуребила рохьобе хӏама унеб.
Dil · XalçaID 20156
Бихьарасда гурони, балагьалъул кьогӏлъи лъаларо.
Dil · XalçaID 20157
Бихьарасда рагӏарас бицунге.
Dil · XalçaID 20158
Бихьарасул рагӏи рагӏарас гьереси гьабуге.
Dil · XalçaID 20159
Бихьизе — хӏан, хӏанчӏизе — муч.
Dil · XalçaID 20160
Бихьиларилан цӏогьги гьабуге, рагӏиларилан рагӏиги бицунге.
Dil · XalçaID 20161
Бихьинчи вокьила, кьурун михъ ккурав, кьурдухъан вокьила свери гӏатӏидав.
Dil · XalçaID 20162
Бихьинчи ватани, бихьинчи гӏадин вукӏа.
Dil · XalçaID 20163
Бихьунгутӏи гурони, хӏехьонгутӏи гьечӏеб.
Dil · XalçaID 20164
Битӏараб бицине бокьани, гьитӏинасда гьикъе.
Dil · XalçaID 20165
Битӏараб бицине ккола, бицараб кквезе ккола.
Dil · XalçaID 20166
Битӏараб жо лъеца гъанкъуларо, цӏеца бухӏуларо.
Dil · XalçaID 20167
Битӏараб натӏид борце, тӏекъаб къалмиде рехе.
Dil · XalçaID 20168
Битӏун ккараб — рокьи, мекъса ккараб — кьал.
Dil · XalçaID 20169
Битӏун ккани, рокьи, мекъса ккани, кьал, Кьучӏ гьечӏеб жо буго берзул ба-лагьи.
Dil · XalçaID 20170
Битӏун кӏалъай гьабурав кӏодолъиялде щола.