Язык · XalçaID 20232
Бусен тамахаб тӏамулеб буго, вегизе къвакӏараб букӏинин ккола.
Язык · XalçaID 20233
Бусен цӏилъани, ракӏ цӏилъула.
Язык · XalçaID 20234
Бухӏараб кьечӏони, бокьараб щоларо.
Язык · XalçaID 20235
Бухӏаралъусайила къехь тӏолеб.
Язык · XalçaID 20236
Бухӏарас гурони хӏал абуларо, унтарас гурони агь абуларо.
Язык · XalçaID 20237
Бухӏилаго кванаге, квандеги пударуге.
Язык · XalçaID 20238
Буцӏцӏа, кӏал! Буцӏцӏинчӏони, борта, зар!
Язык · XalçaID 20239
Вагъулев ккве чи.
Язык · XalçaID 20240
Вакъарав вехьасда гирун унеб гьорчо чедилан кколебила.
Язык · XalçaID 20241
Вакъарав квен гьабизеги виччаге, квачарав цӏа бакизеги виччаге.
Язык · XalçaID 20242
Вакъарасда лъорове вугьарав лӀугьаравила.
Язык · XalçaID 20243
Вакъиларилан къаде квенги тоге, роцӏцӏун бугилан буртинаги тоге.
Язык · XalçaID 20244
Вакъичӏого кванаге, кеп щвечӏого велъуге.
Язык · XalçaID 20245
Вакъиялъе дару — кванай, налъиялъе дару — бецӏи.
Язык · XalçaID 20246
Вакъун вугиш? — Гьечӏо. Магӏарал бахӏарчиясул жавабал. Къечон вугиш? — Гьечӏо. Квачан вугиш? — Гьечӏо.
Язык · XalçaID 20247
Валагьарасе бигьаяб жо буго гӏодоб расанди.
Язык · XalçaID 20248
Валагьичӏого векерарасул квергӏаги гӏодоб чӏвала.
Язык · XalçaID 20249
Вас вугев эбелалъул гӏеретӏ борхуге.
Язык · XalçaID 20250
Вас гогьдаризавуни, чухъа халат лӀугьуна, яс гогьдаризаюни, мерго тӏалаялда тумакӏ речӏчӏула.
Язык · XalçaID 20251
Вас квешав вугониги, нус лъикӏай щваги.
Язык · XalçaID 20252
Вас хварай эбелалъул гӏадаб магӏу букӏунареб.
Язык · XalçaID 20253
Васаз кочӏолъ ахӏулареб, ясаз магӏилъ бахъулареб.
Язык · XalçaID 20254
Васал чанадулеб чиярги гӏадат, Эбел чанадиялъ чара хун буго.
Язык · XalçaID 20255
Васасе ригьин гьабиги, ясалъул рагӏи бицинги рагӏулъе нуцӏа рагьи буго.
Язык · XalçaID 20256
Васасул лъималаз нилӀеран абурабила, ясалъул лъималаз нижеран абурабила.
Язык · XalçaID 20257
Васниги ясниги гурони чӏужуялъ басриял хьалбал гьаруларо.
Язык · XalçaID 20258
Вахъине лъаларев гӏодов чӏезавуге. Вахӏалда хӏатӏал рукӏунаро, гьарчида берал рукӏунаро.
Язык · XalçaID 20259
Вахъун чӏун хӏалтӏарав вегун кваналев.
Язык · XalçaID 20260
Вацан кьабуниги, къотӏула, тушманан кьабуниги, къогӏула.
Язык · XalçaID 20261
Вацго вац вугониги къолол бетӏер гьабе.
Язык · XalçaID 20262
Вацӏцӏадав вахъинчӏони, хъубав тӏатунаро.
Язык · XalçaID 20263
Вачӏаги лъала дида вачӏ-вачӏги лъала.
Язык · XalçaID 20264
Вачӏинеги лъай, инеги лъай.
Язык · XalçaID 20265
Вачӏуневги гӏадат, вахъуневги гӏадат.
Язык · XalçaID 20266
Вегизеги лъай, вахъинеги лъай.
Язык · XalçaID 20267
Велъанагӏан гӏодизе ккола.
Язык · XalçaID 20268
Вере, гъапу рагьуге, гъванкан чияца къалеб.
Язык · XalçaID 20269
Вере, тӏокӏлъуге! Тӏоклъани, камула.
Язык · XalçaID 20270
Вереялъ гьорчо кколаро.
Язык · XalçaID 20271
Вехь вокьарасе гьойги бокьулеб.
Язык · XalçaID 20272
Вехь гӏияда нахъа лъикӏав, гӏел руккалилъ лъикӏав.
Язык · XalçaID 20273
Веццуге, какизе ккезе гурин, какуге, веццизе ккезе гурин.
Язык · XalçaID 20274
Векьарухъан къуни, кьал къолеб.
Язык · XalçaID 20275
Витӏунчиясда нич гьечӏеб, гьарчида бер гьечӏеб.
Язык · XalçaID 20276
Вихьизе гохӏдеги вахун, вахчизе кӏкӏал балагьуге.
Язык · XalçaID 20277
Виччун чи холаро.
Язык · XalçaID 20278
Вокьуларев чияс гьабураб жо кинабго квешаб.
Язык · XalçaID 20279
Вокьуларев чиясда аскӏоялдаса ракьул гвандинир лъикӏаб.
Язык · XalçaID 20280
Вуссине свери тӏагӏунгеги, сверизе ватӏан тӏагӏунгеги.
Язык · XalçaID 20281
Гагу хунилан хур бекьичӏого толаро.
Язык · XalçaID 20282
Галица буххун ралъад тӏагӏинаро.
Язык · XalçaID 20283
Гама лъикӏаб букӏиналъ ракъдада хьвадуларо.
Язык · XalçaID 20284
Гамачӏ речӏчӏаниги, хоно, хоно речӏчӏаниги, хоно.
Язык · XalçaID 20285
Гамач гебегунилан мугӏрул багьа хвеларо.
Язык · XalçaID 20286
Гамачӏ гъогъол гохӏда лъикӏ.
Язык · XalçaID 20287
Гамидаги вукӏун, гамихъангун вагъуге.
Язык · XalçaID 20288
Гамихъан кьал гьавуге, кьурулӀан на бахъуге.
Язык · XalçaID 20289
Ганщида данде бани, бече тӏомода лъола.
Язык · XalçaID 20290
Гаргадизе лъачӏони, гаргадичӏого вукӏинегӏаги лъазе ккола.